БакьагьечIиса Тажудинил (ЧIанкIал) шигIрабазул цIваялъул даимаб асар

0

Поделиться

30 Май 2013 г.

Бербалагьи

БатIи-батIияб букIуна инсанасул къисмат. Къисмат кинаб букIаниги, заманаялъ, кIочонтеялъул бецIаб пардавги тIаде бачун, вахчизавула, гIемерисев чи. Амма киналго гурелха!

Цо-цо Аллагьас гьунар кьурал гIадамазул цIаралги, гIумруялъул мисалги сонал анагIан кунчIулел, наслабахъа наслабахъе кьолел, цереса цере рачун ракIалде щвезарулел, хадусел гIелаз дугIадулъ рехсолел рукIуна.

ГIасругун бащадабгIан заман унеб букIаниги, жиндир кIалдисан угьараб пасахIаталъул нуралъ гвангъизабураб, рекIел щавкъалъ ракIал хинлъизарулеб цIадуде сверарал БакьагьечIиса Тажудинил (ЧIанкIал) назмаби, гIищкъуялъул асар лъанщинас жакъаги ахIулел, рекIехъе лъазарулел руго. Гьесул къисматги, щибаб гIумруялъул лахIзатги, гIалимзабаз лъазабулел, бахIсалъе росулел, мисал босизе бакI балагьулел руго.

Гьедин букIаниги, жакъа БакьагьечIиса ТажудинилгIан, рагIа-ракьанде щун лъазабун бахъинчIеб, жинда сверухъ батIи-батIиял, цоцазде данде кколарел пикраби ругеб гIумру цоги лъилго батиларо. Гьай-гьай, жакъа, гьев лъалелщиназги дунял тараб, гьесул хъвай-хъвагIаялги нахъе гIемер цIунун хутIун гьечIеб мехалъ, хIакъикъат лъазе бигьаяб жо гуро. ГIемерал ЧIанкIал квералъ хъварал тIахьал, назмаби тIагIунги руго, мунагьал чураяв ЧIанкIал гIумруялда тIад хIалтIарав ва гьесул тIоцебесеб тIехь къватIибе бахъарав гIалимчи, МахIадада Саидовасухъ рукIаралгицин жакъа ратизе кIолел гьечIо.

Жакъа БакьагьечIиса Тажудиниде кечI, назму, поэма хъвачIев ва гьесдехун жидерго рокьи загьир гьабичIев поэт яги адабияталда тIад хIалтIулев гIалимчи ватизе захIмат буго. Гьез Тажудинил кучIдузе къимат кьей гуребги, хIал бихьулеб буго гьесул гIумруялъул къисматалда тIасанги жидерго пикру загьир гьабизе. Амма Советиял соназ хъванщиналъухъ балагьараб мехалъ, бихьулеб буго, гIемеразе гьев, жидерго къосараб нухде вачине бокьун букIин, гьекъолеб жоялъулгун, хIарамалъулгун хурхен бугезда ЧIанкIа, гьезие нух рагьулевлъун ватулев вуго, Аллагьасде божи гьечIезда гьесул кучIдузулъ гьевги щаклъулев вукIанин абизе мохъал ратулел руго. ГIемераз гьесул Аллагьас тIад лъураб фарз тIубазе бухьараб сапар, захIмалъабазде сабру гьабизе кIвечIого росулъа тIурилъун бихьулеб буго.

Руго ЧIанкIаде кIудияб асаргун хъваралги. Мекъи хъваралги, заманалъул асаралда гъоркь хъваралги.

ГIумро

I886 соналъ гIурус пачаясул чиновникIаз гьабураб «БакьагIечIиб жамагIаталъул хъизамазул сияхIалда» (ЦГА ф.I оп 5. ед. хр., л. I46) хъвалеб буго «Магома Чунки Магома оглы — 75 лет, сыновья его — Чунки — 20 лет, Нуръ Магома — 8 лет». Гьелдасан босун абизе бегьула, хIакъикъаталдаги ЧIанкIа (Тажудин) I886 соналъ гьавунилан.

Гьеб пикру тасдикъ гьабулеб буго ЧIанкIал гIумру лъазабиялда тIад хIалтIарал цогидал гIалимзабазги.

I886 соналъ БакьагьечIиса гIадатияв векьарухъан МухIамадгIалил хъизамалда вас гьавураб мехалъ, лъицаго пикру гьабичIо гьеб къоялъ тIалъиялда цойги тIерхьунареб цIва бакканилан, Дагъистан цойги бергьарав шагIирасдалъун бечелъанилан.

ИчIго-анцIго сон балалде эменги хун хутIарав бесдалав доб заманалъул гIадаталда рекъон къуръан, хадув мутагIил лъун цIализе кьедал, гьесул мугIалимзабазда, жидедаса Аллагь разилъаял БуцIраса ИсхIакъил МухIамадида, ГIашилтIаса КъурбангIалида, МестIерухъа НурмухIамадида, ЧIикIаса ХIамзахIажиясда ва цогидаздаги бихьулеб букIана гьесул гIадатияб гуреб гьунарги пагьмуги. ЧIанкIал халкъиял кIалзул асаразде ва гIелмуялде бугеб рокьиги. ЧIанкIал тIабигIияб гьунар, шигIру-кечI гьабизе бугеб махщел камиллъиялъулъ гьезги жиде-жидер бутIа лъуна.

Амма кинго разилъизе кIоларо, гIемераз хъваялъ уяблъун кколеб бугеб, ЧIанкIа абураб цIар, ращалъи гьечIеб ригьиналдасан лъугьараб лъимер ЧIанкIа вукIиналъ, кьураб цIар бугин гьеб гьесиеян абураб пикруялда. Жибго гIамм гьабун, гьеб цIаралъул магIна гьединаб букIинеги бегьула, амма гьев бергьарав гIалимчиясеги шагIирасеги гьеб цIар кьун букIана кIудаинсул хIурматалда, магIарулаз абухъе «ЧIанкIа МухIама вахъинавизе». Амма «ЧIанкIа» абураб цIарги хисун, гьесда «Тажудин» абураб цIар лъеялъе букIана гьадинаб гIилла: БакъагIечIиб росулъа кIиго пикру бегIерал, малъаралъе гIедерал, гIелмуялъе гьунар бугел мутагIилзаби, ТIинчIавги, ЧIанкIаги росулъ  мадрасаялда лъайги босун, гIелму камил гьабизе уна, доб заманаялъ цIакъ машгьурав ва бергьарав гIалимчи, БуцIраса ИсхIакъил МухIаммадиде аскIоре. ИсхIакъил МухIаммад цIакъ рази вукIуна БакъагьечIиса гьал гьунар бугел мутагIилзабаздаса. Цо нухалъ аскIореги ахIун гьав кIиясдаго МухIаммадица абула: «Дир пикруялда, гIелмуялъе гьунар бугел, малъаралъе гIедерал лъикIал лъималазда гьединал сурукъал цIарал ахIизе дие бокъулеб гьечIо. РачIа гьел цIарал хисизе. Жакъа къоялдаса нахъе ТIинчIасда абизе буго Жамалудин (диналъул берцинлъи) абун, ЧIанкIаца босизе буго Тажудин (диналъул таж) абураб цIар. 

Гьеб заманаялдего ЧIанкIаца хъварал кучIдул ХъахIаб росулъа МахIмудица ва цогидалги кочIохъабаз ахIулел рукIиндал ва ЧIанкIа абураб цIарги магIарулазда гьоркъоб машгьурлъун букIиндал, гьеб хисизе захIмалъаниги, я жинцаго Тажудиница яги гьесул гIагарлъиялъ «Тажудинан» абун гурого ЧIанкIа абураб цIар хIалтIизабичIо. Гьесул цIар  лъурав яцалъул ясалъул васги Тажудин вукIана.

Тажудин – ЧIанкIаца гIелмияб лъай босана доб заманаялъ бергьун машгьурал гIалимзаби, рехсарав  БуцIраса ИсхIакъил МухIаммадидасан гуребги, ГIашилтIаса КъурбангIалидасан, МестIерухъа НурмухIаммади-дасан, машгьурав  гIалимчи – математик ЧIикIаса ХIамзахIажиясдасан.

ЧIанкIада бергьун лъикI лъалаан гIараб мацIалъул нахIв (грамматика), ссарф (морфология), ва лугъат (лексика) гIелмаби. Лъалаан логика (мантIикъ), риязат (математика), балагъа ва гIаруз (шигIру, назму пасихIго гIуцIиялъул гIелму, ритмика и риторика стихосложения), фикъгь (шаргIиял законал), исламияб тарих ва гIемерал цогидалги доб заманаялъ тIалибзабазда малъулел рукIарал гIелмаби. ЧIанкIае цIакъго бокъулаан астрономия. Камилго, щвалде щун лъалаан гIараб мацI. Гьеб бихьизабула Тажудиница магIарул мацIалда гурелги, гIараб мацIалда кучIдул гьарулел рукIиналъги. Щвараб гIелмуялдасан пайдаги босун Тажудин дибирлъун хIалтIана КIахъ ва Рихьуниб росабалъ. Кидаго хIалтIулаан жиндирго гIелмияб лъай борхизабиялда тIад.

Исламалъул гIелму лъазаби ва гьеб нухда халкъ тIобитIиялда цадахъго ЧIанкIал рекIелъ цIакъ хехго бессана магIарул халкъиял кучIдузде, кици-биценалде рокьи. Тажудиние цIакъ бокъулаан магIарул мацIги, халкъияб фольклорги. БакьагьечIиса ГIалибахIарчица ва Малла МухIамадовас ва цогидалги Тажудин лъикI лъалез бицунаан гьесухъ кидаго халкъиял кучIдул, кицаби, биценал къвараб даптар букIунаанилан.

ГIараб гIелму лъазабиялъ, гIараб мацIалда кучIдул гьарулеб къагIида, мацIалъул гIуцIи, пасихIлъи лъазабулаго, гъварилъана ва гIатIилъана магIарул мацIалъул пасихIлъиялъул ва бечелъиялъул рахъалъ шагIирасул гьунар. Гьеб гьунаргун жубана унго-унгояв магIаруласул ракI бацIцIадаб рокьул асар ва пикруялъул гьарзаяб роржен (фантазия). БатIи — батIиял росабалъ цIалулаго, гIакъилал мугIалимзабаздасанги, гIадатаб халкъалдасанги, гьезулгун тIей гьечIеб хурхен бикIиналъги бижана ЧIанкIалъ инсаналъулъ, хасго чIужугIаданалъулъ рукIунел  мукъадисел асарал ричIчIи, гьезул рекIел, асарал угьараб накъищ гIадин кочIол мухъаздалъун загьир гьаризе кIвей.

Рокъи ккаразе ЧIанкIал кечI лъугьана къечалъ вухIулесе мугIрул иццул лълъимлъун, цIорон холесе лахIзаталде черх хинлъизабулеб цIалъун. ХIакъаб жо буго ЧIанкIал кучIдуз чанги рокьул мехтелалъ кIотарал гIолилал ригьинарураллъи ва чанги согIал гIолилазул рекIелъ рокьул ицц кIанцIизабураблъи.

ШагIирасде рокьи

Цо нухалъ  дихъе гьоболлъухъ вачIун вукIана, жиндир мунагьал чураяв ТIанусиса Инусилов ГIалиасхIаб.  Гьев районалъул захIматчагIазе вокьулев лъикIав лектор вукIана.

Столалда нахъа гIодов чIолаго, гьес жиндирго къагIидаялъ щибаб рагIул махражги бахъун рикIкIана:

Бадиб балагьани
ГьецIо биуна,
Гьимун мун кIалъани
Лълъим бакъван ккола,
Дуда къвал банани,
Къабру биххила,
Къадани чIанани
Хварал рахъина,
КIалзул жавабазул
Жугьа рагIани,
Ургьиб бугеб лъимер
Данде кIалъала.

Ва хадубги абуна:

«Балагьеха цо, унго балагье! Кинав шагIирасда кIолеб гьедин абизе? Цо пикруялъул камиллъи!  Цо мацIалъул пасихIлъи. Дие ЧIанкIаде щварав поэт гьечIо» — ян.

Щиб, ГIалиасхIаб, дуда ЧIанкIал кучIдул рекIехъейищ лъалелан гьикъана, гIажаиблъарав дица. ГIолохъанаб мехалъ гIемерисел лъалаан, гьанже цо-цо кIочон тунги ругоян мукIурлъана гьев.

Ригь арал гIадамал, БакьагьечIиса ГIабдулаева ПатIиматидаги, ГIабдулпатахов Тажудинидаги ва цогидаздаги ЧIанкIал халатал кучIдул, хIарп гьоркьоб течIого, рекIехъе лъалел ратараб мехалъ, дида бичIчIана халкъалъул рекIелъ, хасго доб заманаялъ кинаб бакI ЧIанкIал шигIрабаз ккун букIарабали.

Щайха гьев бергьараб гьунаралъул, цоги лъидаго релълъинчIев, жиндасан мисал босун гурони, цере ругел такрар гьаричIев поэт, цо нахъе ккеялъул, мукъсанлъиялъул мугьруги чIван, цогидазул рагIдукъ чIезавун вукIарав? Дир пикруялда, гьеб лъугьинабун букIана, кинабго жо цо коцонибе тIезе хIаракат бахъулеб, щибаб миллаталъе цо-цо тIадегIанавги, хутIарал гIиси-бикъинал, цо цере рачине мустахIикъал гьечIелги рукIине кколин машгьурал гIадамалин рикIкIунеб заманаялъ.

Щивав чиясе ихтияр кьолеб букIинчIо жиндирго вокьулев поэт жинцаго тIаса вищизе, абулеб букIана, гIалимзабаз яги гIемерал гIадамаз гьав шагIир киназдасаго тIадегIанавлъун рикIкIунев вугила, дуцаги  гьедин рикIкIунев гьечIони, мун мекъи вугила. (Дие гьуинаб, чакар баралдаса, цIам бараб бокьулин рахьин абуни, дун мекъи кколаан, гIемерисезе  гьуинаб бокьулелъул).

Гьедин гIемераб тIекъаб рагIул «гулла-хер» тIаде бана ЧIанкIал поэзиялъе тIадегIанаб къимат кьунилан БакьагьечIиса филологиялъул гIелмабазул кандидат, мунагьал чураяв МухIамадов Бадави МухIамадови-часде.

Гьесул ихтияр букIана лъидасаго ЧIанкIа вокьизе ва гьесие бищун тIадегIанаб къимат кьезеги, гьеб букIана гьесул хасаб пикру.

ЧIанкIал кечIалъе букIине кколеб къимат кьезе ккани, хIаракат бахъизе ккола гьесул щибаб рагIиялъулъ живго поэтас лъолеб букIараб гIадаб магIна  лъезе. Гьеб абуни, кинавго чиясда кIвечIого букIинеги бегьула. Гьеб бихьулеб  буго цо-цояз ЧIанкIаде «чини», «файтон», цIудул берал» гIадал рагIаби кочIолъ рехсонилан гIайиб гьабулеб букIиналъги. Доб заманаялъ гьел рагIабазул букIараб цIилъиги, тIадегIанлъиги, гьез щивасул ракIалъе гьабулеб букIараб асарги хадусеб гIелалда, хасго гьанжесеб гIелалда бичIчIизе рес гьечIо.

Гьединлъидал цересел шагIиразул асаразе жакъасеб   бичIчIиялдалъун кьимат кьеялъ хIакъикъат рагьиялдеги рачунаро.

ГIелмияб пикру

«ЦIале ЧIанкIал кучIдул, ахIе гьесул асарал. Щиб лъалеб, цониги чи гIакълу гьечIеб мехтелалдаса вигьинеги бегьила. Хъублъи рекIелъе хеккого жубала, бацIцIалъи захIматго босула, амма такрар гьабуни, босичIогоги хутIуларо.

Гьал кIвар бугел дарсал гурелги, ЧIанкIал буго асарал хъвазе камилаб махщелги пагьмуги. Хадур — цере чвахун рачIунел мухъал руго бергьараб пагьмуялъ, рагIул устарлъиялъ сокIкIарал. ГьечIо гьесул асаразда гьокьор заз гIадин хуч-хучарал, бакI-бакIалде ралагьарал, сукI-сукIарал, бокIнал бегIерал мухъал. МагIнаги макъанги данде ккеялъ лъугьинарулел руго камилал, рекIелъе рортулел, чвахун ургьире унел, кIочон толарел шигIраби. Гьесул кучIдузулъ макъан сверулеб буго тIокIкIарал сипатазде ва рагьулел руго рекIел пикрабиги анищалги журарал гIажаибал свераби. Гъункун, цоцалъ журан руго макъназул паналъиги пикрабазул рацIцIалъиги, музыкаги магIнаги, рекIел тирхиги тIадегIанал анищалги. ЧIанкIада кIвана гьваридго рагьизе магIарулазул къварилъи баччизе бугеб сабруги, гьезул тIадегIанаб къадруялъул гIамалалги, иллагьияб рокьи рещтIараб рекIел кIутIиги. Тана гьес нилъее саламатал, гIакълу бугесда ричIчIулел дарсалги. Жиндир заманаялъул гIумруялъул кьучIалги захIматал масъалабиги жура-гъурараб гIумруги якъинго бихьула ЧIанкIал кучIдузулъ. Гьединлъидал, гьесул ирс ккола нилъехъе вакиллъун батизе тараб заманаялъул рухIияб бечелъиги, гьайбатаб сайгьатги.

БакьагьечIи росулъан, хундерил тIалъиялдасан магIарул адабияталъул зодобе боржараб ЧIанкIал гвангьараб цIва гIажаибаб, хIеренаб къагIидаялъ кенчIелеб буго жакъаги. Гьелъул нуралъ кьолеб буго рекIее хинлъи. МагIарул кучIдузул берцинлъиги магIнаги, макъназул камиллъиги бичIчIулезе гьеб тIадегIанаб, борхатаб цIаралде тIаде хIур киданиги ккеларо ва гьесул цIва накIкIаз бахчиларо. ШагIирзабазул ирсалъул бищун кIудияв ва ритIухъав диванбег буго халкъ. Хъалкъалъ тараб бакIалдаса лъица щиб бицаниги, шагIирасул цIар таруларо. Нахъеги гIасрабаз свинаро ЧIанкIал хIайранго нилъее гьимулеб ЦIваялъул гвангъи» — ян хъвалеб буго ЗулхIижат ХIажиевалъ.

Тарихиял гIелмабазул доктор, профессор Расул МухIамадовас хъвараб «По аулам Дагестана» абураб тIехьалда хъвалеб буго:

«БакьагьечIиб рикIкIунеб буго, МахIмуд ЧIанкIал цIалдохъан вукIанилан. ЧIанкIаца гIумру гьабулеб заманаялъ росулъ бегавуллъун вукIун вуго ХIайдарбег. ЧIанкIал гьунар цебетIезегIан цебеккунги росулъ рукIун руго назму, шигIру гьабизе гьунар бугел гIадамал. БекьечIдерида ракIалда вуго ГIуммаханил заманалда БакьагьечIив вукIарав Къебедасулав абун цIар бугев кочIохъан ва шагIир. Назму гьабизе бугеб гьунар бихьизабизе гьев, цогидал шагIиралгун къецалде лъугьунев вукIун вуго» – ян.

Тажудин (ЧIанкIа) вукIана магIарул поэзиялъул классик. Гьев хун хадуб нахъа, Совет хIукуматалъул заманалда гьесул кучIдузул чанго тIехь бахъана магIарул ва гIурус мацIазда: «Соперница звезд», «ЧIанкIа, (кучIдул)», М. С. Саидов. «ЧIанкIа, кучIдул» (I978), Гъ. ГъалбацIов. «БакьагьечIиса ЧIанкIа, кучIдул (I99I). Тажудинил гIумруялъул ва асаразул хIакъалъулъ хъвана БакьагьечIиса гIелмабазул кандидат Бадави МухIаммадовас (Очерки дореволюционной аварской поэзии) I96I с. (гьум. 63-83), ГIободаса профессор Сиражудин ХIайбулаевас «Страницы аварской поэзии» I99I с. (гьум 3I 38), гIелмабазул кандидатал Башат Испагиевалъ, ЗульхIижат ХIажиевалъ ва гIемерал цогидазги. Хъвана Тажудинил асаразда тIасан курсоваялги, рефераталги, макъалабиги монографиялги, цIунана гIелмиял цIаралги.

Тажудин – ракI бацIадав муъминчи

Бищун цеве Тажудин вукIана ТIадегIанав Аллагьасда ракI чIчIун божарав муъминчи. Гьединлъидал, цо-цояз хъвавухъе апараглъун гуро Тажудиница мукъадисаб КагIбаялде сапар бухьараб. Гьев вахъана Аллагьас тIад лъураб фарз тIубазе, ракI бацIцIадго, Аллагьасе гIоло. Гьеб сапаралда нухда хвейгицин Тажудиница бацIцIадаб Аллагьасул къадарлъун, хирияб хвеллъун, разилъун къабул гьабиялда щаклъизе бакI гьечIо. КъватIиб къадар щвезе рес букIин гьесда бичIчIулеб букIиналъул магIна ккола, гьес сапаралъ вахъиналде жиндирго назмаби жиндирго вокъулев гьудул ва гьезул магIна босизеги гьездаса пайда босизеги лъалев шагIир МахIмудихъе кьурал, гьелъин Тажудиница сапаралъ вахъиналде жиндирго гIумруялъул гьудул, хъизан ПатIастанида, жив тIад вуссинчIони лъабго соналдасан россасе ине изну бугин дуран абураб. Тажудин хвана I909 соналъ Турциялда. Бицен буго гьесда цадахъ вукIарав БакьагьечIиса ШайихгIали-хIажиги гьесда цадахъ хванилан ва гьел хвараб бакIалдаго ралъдал рагIалда танилан. Бихьараз, ай цадахъ рукIараз бицанила, гьел рукъизегIан чIаралани жал гамидеги кватIун лъагIелалъ, хадусеб соналъ бачIинегIан гъора хутIулаанин, гъал турказул бусурбабас рукъун ратизе кколилан.

Цадахъ рукIарал хIажизабаз турказул росулъ вукъанилан хъвалеб буго ГIумархIажи Шахтамановас жиндирго «МугIалимги мутагIилги» абураб тIехьалада. ХIакъикъат лъалев Аллагь вуго. ПатIастан, Тажудиница бихьизабураб заман ун хадуб, россасе ана Гьолокъ росулъе. Гьенив гьелъие гьавурав вас кколаан машгьурав хирург, Дагмединституталъул ректор, профессор Макъсудов МухIаммад. Тажудиние лъимал гьаричIо. Гьесие дугIа гьабулел лъималлъун нахъе хутIана, гьесул халкъалъ рекIелъ цIунун нахъе, хутIарал кучIдул.

Гьесул кучIдул, хIикматалда нахъ гIунтIизе бокъараз цIалула тIатIала руссун, цIалулел, лъазарулел, ахIулел руго гьале тIубараб гIасруялдаса цIикIкIараб заманаялъ.

Тажудин вукIана Дагъистанаялъул мугIрузда гIурав бергьарав гIакъил. Гьеб бихьула гьесул кучIдуздасан, гIелмуялда гIамал рекъарав гIалим  гьев вукIиналдасанги. Гьесул кучIдул гIурус мацIалде руссинарурав машгьурав поэт ва таржамачи Яков Козловсияс ЧIанкIал I25 сон тIубаялъул юбилей тIобитIулеб мехалъ бачIараб телеграммаялда хъвалеб буго: «Урхъула КIудияв ЧIанкIал юбилей кIодо гьабулел БекьечIдерида ва гьалбадерида. Гьес жиндирго кучIдуз бихьизабуна гьитIинаб росулъги дунялалда цIар рагIарав гIакъил вахъине рес букIин. Нужеда киназдаго къвал бала. Нужер Яков Козловский».

Заманалъул сурат бахъизе бергьараб гьунар

ГIакълуги гIелмуги Тажудиние щвана цохIо батIи-батIиял росабалъ цIалулаго гIакъилал мугIалимзабаздасан, гIадатаб халкъалдасан гуребги, гIараб мацI гьоркьоб ккун, дунялалъулго поэзия лъалевлъун вукIиналъги. ГIараб мацIалдаса магIарул мацIалде Тажудиница буссинабураб, дунялалдаго машгьурав ингилисазул шагIир ва  драмаби хъвалев Шекспирил назмуялъул нилъехъе щвараб гьаб куплеталъги гIемераб жо бицуна.

Дарай гIатIласаца чилъиги мерхъун
Чиго гуревщинав тахида вуго.
  …………………………………………
ГIакълу гьадрухъ араб гьаб дунялалда
Дица хвалил амру ахIулеб буго. 

Шекспирица гIумру гьабулеб букIараб, азарго соналъ цебе букIараб хIал, жинда сверухъ букIун гуребдай, Тажудиние рекIее гIурал гьал мохъал! Тажудинил заманалдаги, ай I00-I50 соналъ цебеги гьединго букIине ккола. Амма гьал мохъал жакъа нилъер гIумруялъухъ балагьун хъвараллъун нилъедаги рихьулел руго. Бергьарав шагIирасул гьунар букIуна, жинда сверухъ бугеб гIумруялъул ахIвал-хIал берцинго, сурат бахъараб гIадин бихьизабизе. Тажудинил кинаб кечI босаниги, гьелъ цебе чIезабула гьес гIумру гьабулеб заман, гьелъул кIвар бугел рахъал. Гьесул ракI унтула цогидазде бачIараб къварилъиялъ, воххула гьезул роххелалъ, рес букIун маслигIаталъул, вагIза-насихIаталъул рагIиялъ, хIатта гIищкъуялъ вухIулесул мурад тIубан кечI гьабунги, хIаракат бахъула халкъалъе хъулухъ гьабизе, гьезда тIаса захIмалъи борхизе.

Гьеб рахъалъ цIакъго кIудияб къимат кьезе бегьула гьаб жакъа кьолеб бугеб Шамил-имамасул наиб, Инквачил Дибирасде гьабураб назмуялъеги. Рехсезин цо-кIиго куплет.

Дунял кквезе рижарал
ЧIахIиял мугIрул-щобал,
Щоб-къоноцин хутIичIо
ТIупан тIурал кIанцIизе.
Гуми жанир лъедолел
БухIуразул лъимги къун,
Къадар щварав чуризе
Чабхил лъимцин хутIичIо.

Гьес бергьарав гIалимчи хвей халкъалдего бачIараб балагьлъун бихьизабулеб буго. ПасихIлъиялъул рахъалъги, рагIиги магIнаги данде ккеялъул рахъ босаниги гьал мохъазда тIад кIалъазе бакI гьечIо.  Гьелдаго цадахъ, гьездасан бихьулеб буго, гьев исламияб гIелму тIокIкIарав гIалимчи вукIинги. Къуръан-хIадисалдаги хъвараб, жакъасеб гIумруялъги тасдикъ гьабураб, чIахIиял мугIрузул дунялалъе бугеб кIвар бихьизаби гуребги, гьелъ гIалимчиги дунял кквезе кIвар бугеб мегIерлъун вихьизавулев вуго. НухIил гамилги, тIупан тIеялъулги къисса лъаялъ бачIараб буго кIиабилеб куплетги. ТIупан тIураб заманаялъ «бухIуразухъ», ралъадазухъ гьарзаго бугеб лъимлъун цебе чIолеб буго шагIирасда гIалимчиясул гIелму. Гьес гьеб ралъдалъ лъедолел гумилъун рихьизарулел руго мутагIилзаби. ГIелмиял ралъадал къараб мехалъ гьел «гуми» чIун хутIи гуребги, къадар щварал чури фарзлъун бугелъул, Аллагьас тIад лъураб фарз тIубазе «чабхил лъим» ай гIелму лъалев гIолилавцин хутIичIилан абулеб буго шагIирас. ЦIакъго махщалида хъвалел руго ЧIанкIаца рокьул кучIдул: 

Бадиб балагьани гьецIо биуна,
Гьимун мун кIалъани лъим бакъван ккола,
Дуда къвал банани къабру биххила,
Къадани чIанани хварал рахъина.
КIалзул жавабазул жугьа рагIани,
Ургьиб бугеб лъимер данде кIалъала.

Гьединаб пикруялъул роржен (фантазия), гьединаб пасихIлъи ва рокъи ккарасул гIорхъи-рахъ гьечIеб асар ЧIанкIаца къого бихьичIого гIадин, рекъезабулеб буго жиндирго кучIдузулъ. Гьединлъидал гуребдай гIасраби халалъухъе гьел халкъалъ жидерго рекIелъ цIунунги ругел. ЧIанкIал асаразулги, гIумруялъулги бицине бегьула сагIтал-къоял тIатIала реххун. Гьесул гIасрабаз бицунеб буго, жеги бицинеги буго. Гьесул творчество тIубан лъазабун гьечIо. 

БакьагьечIиса ЧIанкIа нилъее хирияв вуго, вугеб къагIидаялъ, хисичIого, жиндирго хасаб гьунаргун, бичIчIигун, поэзиялъул   цIураб   бусурманчиясул ракIгун. Гьединавлъунги вукIаго, гьесул шигIрабаз магIарул халкьалъе     хъулухъ гьабуна тIубараб гIасруялъ ва нахъеги гьабизеги буго:

Рогьалилъ баккараб бакъ 
МаркIачIуде тIерхьуна, 
Унтун, цIилъун, лъилъула 
Ка.ранда ругел ругънал 
Харил кутак хванани, 
ГIалхул чанги чучула,        
Чорхол ияхI хун буго 
Дой ясалъухъ рокьи ккун.

РагIулеб гьечIищ, гIундузда жаниб багъулеб гьечIищ, Даку Асадулаевасул роцIараб ва борхараб гьаракьалъ ахIулеб кечI.

Гьороца гIурччинхер
Бакъвазабула.
Мех банагIан буго
Пишкъу цIикIкIунеб.
Бергьараб хIасраталъ
ВухIулев дун тун.
ХIайваналде юссун
Биччаге гIумру.

МагIарул кепаб берталъе кканин кколеб гьечIищ ракIалде?

ЧIанкIал хIайранал кучIдул рукIинчIелани, мискинлъилаан Дагъистаналъул кочIол дунял, бокIон камураб букIинаан бертабазулги, байрамазулги, сухIматазулги копол къвачIа. ШагIирасул гьунар ккола жинца гIумру гьабулеб заманалъул хасият, гIумруялъул хаслъаби кочIодалъун кьезе кIвей. ЧIанкIал кучIдузул щибаб мухъалдасан нилъеда чIвалеб буго гьесул заманалъул  махI, загьирлъулеб буго доб заманалъул магIарулазул, гIoлил васазулги ясазулги ракIазул кIутIи, гьезул къварилъи, роххел, бихьизабулеб буго доб бахIарчияб заманаялъ сундул гьез къимат гьабулеб букIараб, сунца хIайран гьарулел рукIаралали. Росизин: «Сайгидул БатIалиде» абураб кочIолъа мухъал:

РакIалъул чаранлъи 
Чи тIагIаясул, 
Чорхол яхI хваниги, 
ХIал лъазе течIо, 
Тавбудул щулалъи 
ШапигIиласул 
Щвараб къадаралде 
Сабру гьабизе, 
Аллагьасул  къадар 
Къабул бугилан 
Къулараб борхана 
Эхеде бетIер 
ТIаде щвараб хIукму 
ХIехьелин абун 
ИяхI кьун черхги ккун, 
Чи гIадин чIана.

Гьаниб шигIруялъул куркьбазда зобалазде бахинабулеб буго магIаруласул чилъи, яхI ва бахIарчилъи.

ТIад ханжар борчине
Мехго щвелалде
Меседалъулъ ччураб
Ярагъ борчана.
Чи гIун балугьлъуде
Вахиналдего
Щонщо бан ццулъараб
Айгьир рекIана.

Гьаниб загьир гьабулеб буго магIарулазул чу-ярагъалде бугеб рокьи.

Тущманасул хIал хьун
КIветI букъулаго.
КъанщичIелъул берал,
АлхIамдулиллагь, .
КъотIун бетIер босун
Басраги гьабун
Росабалъ течIелъул
Щукру бичасе.

Гьаниб рагъулъ букIине рес бугеб вахIшияб сипатгун цадахъ, бихьизабулеб буго тушманасдехун бугеб ццим ва къадаралде сабру гьабулеб бусурбабазул тIадегIанаб хасият,  «Бегуниде»  абураб   кочIолъ:

Теларила  гьудул 
Гьедун йосила, 
Гьабе бокьарабан, 
АскIове ина,
Я Сибирь, я къоно 
Къадар хъвачIони, 
КъваригIуй буго дий 
Цояб   лъугьине.

Гьаниб доб заманаялъ рес  къотIиялде ккарав, тIекълъигун вагъизе таваккал гIурав чиясе букIараб кIиябго нух буго ЧIанкIаца цо кочIолъ рехсон. Гьес тIаса бищизе кколаан я хвел, яги Сибиралде туснахъ гьавун  витIи. Гьедин, кинаб мохъ босун балагьаниги, кинаб куплет цIаланиги, ЧIанкIаца бергьараб насихIатчилъиялдалъун бахъун батула гIасруялъул сурат, бихьизабун батула жиндир заманаялъул гIумруялъул хIакъикъат.

Абизе ккола цoxlo жиндир заманалъул рагIадлъун вугев поэт, гьеб заман иналда цадахъ халкъалда кIоченеги рес букIунилан. Амма ЧIанкIа цоxlo гьединавлъун вукIинчIо. Гьес кучIдузулъ загьир гьарурал асарал гIахьалал руго гьанжесел гIолилазеги, тIолабго  инсанияталъеги, хадусел гleлазеги.

Вабабай,  йокьулей, 
Рокьиян абун 
Бицине лъалареб 
Цо унти буго,
Унго, рекIел мугьжат,
Гьалулеб буго
Балагьи лъаларо,
Балагь лъаларо.

Рокьи, балаялъ гIазаб кьолел гIолилал дунялалдаса лъугIичIелгIан заманаялъ  гьаб куплеталъул  кIварги лъугIуларо.

Унго, инсандай мун 
Сипат гуродай 
Дир сабру лъугIараб 
ГIажаибаб pyxl.
Baxlай, хIурулгIиндай, 
Малаикциндай, 
Дир хIалал рихьизе 
Цебе тIамураб?

Гьаб якъуталъ къачIараб гIадаб, жаниб цIа лъураб рокьул асар гъорлъ бугеб куплеталъул къимат кидаго, лъиего гIодобе ккезе рес гьечIо.

Баркала

ЧIанкIал литературияб ирсалда тIад хIалтIарал ва жакъаги хIалтIулел ругел гIалимзаби ГIободаса Сиражудин ХIайбулаевасе, Хунзахъа ЗулхIижат ХIажиевалъе, поэтал Расул ХIамзатовасе, ХIажи Гьазимирзоевасе, ГIободияв Шамхаловасе, хъвадарухъан ГъазимухIамад ГъалбацIовасе, гIypyc мацIалде цIакъ пасихIго ЧIанкIал кучIдул руссинарурав таржамачи Яков  Козловскиясе ва гIемерал цогидазеги, ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабун, бокьун буго божилъи загьир гьабизе, киналго  ЧIанкIа вокьулелщиназ, гьесул литературияб ирс бакIариялъе ва гьелъие битIараб къимат кьеялъе хадубккунги кIвараб хIалтIи гьабилилан.

Жиндир гвангъарал, роцIарал рокьул асараздалъун ва батIи-батIиял       цIилъабаздалъун магIарул литература хадуб ккунги цебетIеялъе квербакъарав, хIакъикъаталдаги халкъалъул рекIелъ мустахIикъаб бакI ккурав ЧIанкIа мустахIикъав вуго нилъер киназулго тIадегIанаб адаб-хIурматалъе.

Ахиралдаги гьал ЧIанкIал рагIаби живго ЧIанкIае цIикIкIун мустахIикъаллъун рихьу ла дида:

Дур тIокIаб гьунар-пагьму 
Халкъалда лъалеб гьечIо. 
Жеги цIакъ тIокIазецин 
Гьеб балъго хутIун буго,
Чилъиялъул мун ралъад, 
Дур гIумру  халалъаяв, 
ХIал  хъубал хIапдарулеб 
РакI чIегIерал турулеб.
Лебалазда гьоркьов мун 
Дие  хазиналъана, 
ХIалбихьун, лъан гурони 
Дица гьаб жо абичIо.
(ЧIанкIаца гIарабалъ, хъваралдасан магIарулалде буссинабуна МухIамадсаид Саидовас).

ГIасрабаз лъугIиларо БакьагьечIиса ЧIанкIаца магIарулазе гьабулеб бергьараб рухIияб асарги, магIарулазул гьесдехун бугеб гIорхъи гьечIеб рокьиги.

, раздел: Личности

Автор: Мух1идинил Шамил, россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, Шамилил Баху, педагогикиял г1елмабазул кандидат
0

Поделиться

30 Май 2013 г.

Комментарии к статье

Комментариев пока нет, будьте первыми..

Войти с помощью: 
Чтобы ответить, вам необходимо

Похожие статьи

Авторизация
*
*
Войти с помощью: 
Регистрация
*
*
*
Пароль не введен
*
Войти с помощью: 
Генерация пароля