Гьаледоб ракIалдаго гьечIого бачIараб балагь

0

Поделиться

27 Июл 2014 г.

Киг1ан къвариг1ел гьеч1еб унтибугиланабуниги, кингобожулел рук1инч1о гьадиг1ан хехго Гъалбац1ов нилъедаса ват1алъилилан. Гьесда жиндаго гигьедин рак1алде ккун бук1ун батиларо…Жив рак унтиялъунтун вук1ин лъарабгоабуна, маг1арччиналъ унтунищилаха жив г1адав саламатав бихьинчи хвелев, гьединаб «мощный» унти бук1ине ккеларищила. Киг1ан зах1матго унтун вук1аниги жиндирго махсароги, бег1ераб раг1иги, берцинаб гьимигикибего инч1о.

Гъалбац1овас абулаан, г1адамазе лъик1лъи гьабизенигатгунгурони, чиясрокъоса къват1ибе галибосизебегьуларила, гьелъулъбугилакинабниги г1умруялъул маг1на. Гьединан, г1адамазе лъик1лъи гьабулаго, х1алихьалъиялде дандекъеркьолагоанагьесул г1умру. Жиндирросуйилан, ракьилан, росуцоялиланинагьдилаго ват1алъана гьевнилъедаса.

Киг1ан г1емераб г1акъилаб ц1одораб, г1адамазул пикру х1алт1изабулеб, хъвазе бажарич1ого хут1араб пикру араб гьесдацадахъ… Жиндирмадарлъугьарабгогьабгихъвазекколила, добпьесаги лъуг1изабизе кколила, лъилалиго х1акъалъулъ передачагигьабизекколила, росулърукъзалгиразекколила, Дорех1али памятникалъул бицине администрациялдеги ине кколила… Бицун рахъ унареланищалги анир тунана Алжаналденилъер Гъалбац1ов.

Лъаг1елалъ т1адги х1алт1ун данде бак1арун бук1ана гьесункинабнигипублицистикаялъул т1ехь, издательствоялдекьун бук1ана къват1ибе бахъизе. Дицагьесдаабуна, Гъалбац1ов, мунщивалилъиданигилъаларин, гьаб т1ехь къват1ибе бач1арабго лъалинха г1адамазда мун бат1ияб, гьезда рак1алдего ккун бук1инч1еб рахъалдасан. Ц1акъ бокьун бук1ана гьеб т1ехь бахъунбихьизе, кодобкквезе… Г1адамазда вич1ч1илилан хьул бук1ун батила.

Аллагьасулхъвай бат1ияб бук1ун буго.
Гьанженилъго рук1ине ккела Гъалбац1овасул анищал т1уразарулел…
Мунагьалчураги, Алжаннасибавлъун ватаги.

Фотоальбом:

Галбацов и друзья

, раздел: Личности

Автор: Баху Мухидинова
0

Поделиться

27 Июл 2014 г.

Комментарии к статье

Комментариев пока нет, будьте первыми..

Войти с помощью: 
Чтобы ответить, вам необходимо

Похожие статьи

Авторизация
*
*
Войти с помощью: 
Регистрация
*
*
*
Пароль не введен
*
Войти с помощью: 
Генерация пароля