ГIаймакдерил анищ тIубана

0

Поделиться

01 Янв 1970 г.

Исана 375 азарго цIалдохъанас байбихьана жидерго цIалул сон. Гьезда гьоркьор 37 азаргоял руго тIоцере партабазда нахъе гIодор чIарал гьитIичалги. Республикаялда буго 1634 школа. Гьезул ращдалгицин рукIине кколел шартIалги тIалабалги цIунарал гьечIо. ЛъабнусгогIан школа буго биххун унеб хIалалда, лъабнусго жанир цIализе хIинкъи бугеб хIалалда, руго росаби гIадатиял рукъзал школал хIисабалда хIалтIизарун гьенир дарсал кьолелги. ГIемерисел росабалъ руго 60-70 сон барал басриялго школал. Гьединабго 1936 соналъго бараб школа букIана Хьаргаби районалъул ГIаймаки росулъги. Гьеб школаги биххун кьучIдасанго базе байбихьана цIияб школа. Чанго соналъ школа бан лъугIиялъухъ балагьун рукIана росдал гIадамалги школалда хIалтIизегун цIализе ругелги. Исана гьезул мурад тIубана. ЦIияб цIалул сон цIияб школа рагьиялдасан байбихьана гIаймакисез.

Рогьалилъ кьурабалъан бурун  рачIунел накIкIаз  араб анкьалда ккарал лъугьа-бахъиназе (ЧIикIаса СагIид-Афанди чIвай)нугIлъи гьабулеб гIадаб асар  букIана. Хадуб баккун бачIараб бакъуца кинабго Аллагьасул кверщаликь бугин,   нилъеца – нахъе тараз гьесул малъа-хъваяздаса пайдаги босун гIумру гьабизе кколин, бачIунеб гIел битIараб нухде тIамизе кколин  абулеб бугин кколаан.  МагIарухъ кинаб батаниги росулъ школаги, спортивияб залги, больницаги, цогидал учреждениялги рай – гьеб кIудияб рохел буго. Гьеб буго гIолохъаби  хIалтIи балагьун, жидеего санагIалъиялда хадур  росабалъа къватIире рахъинчIого рукIиналъе сабаб. Росабалъ хIалтIиги бугони, мина базе ракьги бугони, гIумру гьабиялъе шартIалги ругони щивха инев гIагараб росулъа къватIиве. КIиго-лъабго соналда жаниб районалда чанго цIияб школагун спортивияб зал ва больница рагьана. Гьезул къадар 15 бахунеб буго. Гьеб  цIакъ лъикI буго. ЛъикI букIинаан гIагараб заманалда жаниб ГIаймакибги спортивияб зал бани  ва гIолохъабазе школалдаса хадур жидедего руссине бакI щвани. 

Президентги Хьаргаби районалъул бетIерги вачIинчIониги, гIадатияб къагIидаялда росдал жамагIатги гьезул рохел гIахьал гьабизе рачIарал гьалбалги гIахьаллъун    220 цIалдохъанасе бакI бугеб школа рагьана ГIаймакиб. ЦIибараб школалъе милициялъул подполковник, УБОПалъул отделалъул начальник, чияр квердасан хварав БахIарчи Зубаиров Шамил Лабазановичасул цIар кьуна. Рохалилаб байрам бугониги, Шамилил  бихьинчилъиялъулги, хьвада-чIвадиялъулги,  гIадамазде букIараб рокьиялъулги бицунеб мехалда киназулго бадиб магIу хулулеб букIана. КIалъазе рагIи кьедал Шамилил эбел ПатIиматица абуна 26 гуллие мустахIикъав вас вукIинчIин жиндир, амма гьесул къвакIиялъги къоккараб бакIалда цеве вахъине къалев вукIинчIолъиялъги гьединаб къисмат хъван батанин Шамилие. Гьединго  Шамил Зубаировасул чIужу Наида кIалъазе  яхъиндал  ва гьесул  гарал гIадал лъимал рихьидал, яс ПатIиматил калам рагIидал  магIирокъор ругеб гIадаб асар букIана. Наидаца  цIалдохъабазда гьарана Шамил гIадал къвакIарал, киназулго адаб-хIурмат гьабулел, росу чIухIараллъун лъугьагиян.

ГIаймакдерида школа рагьи  баркизе рачIун рукIана ДРялъул туризмалъул агентствоялъул  председатель Анатолий Карибов, Хьаргаби районалъул бетIерасул заместитель МухIамад ГIумаров,  районалъул росдал магIишаталъул нухмалъулесул заместитель АхIмад Сулейманов ва шагьаралда ругел росуцоял.

Гьалбадерица,   школалъул директор ХIалимат ХIажиевалъ, жамагIаталъул рахъалъ Маймунат  ХIабиевалъ киназдаго баркана росулъ цIияб школа рагьи ва Дагъистан чIухIарал цIалдохъаби рахъагиян рагьана.  Гьединго  кIалъазе яхъана  данделъи нухда бачуней йикIарай   ГIабидат ГьитIиноваги. «ХIурматиял гьалбал, хириял росуцоял, учительзабигун цIалдохъаби! Жакъа  рекIелъ рохелгун  ва чIухIигун цее яхъуней йиго дун. КIудияб баркала буго жакъа нижги кIодо гьарун тIаде рачIарал гьалбадерие, нижер рохел бикьизе аскIов гьечIониги, школалъе кьучI лъурав  ва  жакъа гьаб школа рагьиялъе квербакъарав  районалъул бетIер МухIамад  МухIамадовичасе. Гьаб школа нижее  кIудияб сайгъат буго. КIудияб  гьаб буго гьанжелъизегIан гьадинал школал ва цIирагьиял росулъ рукIинчIолъиялъ ва  школа баялъухъ гIашикъго рукIиналъ. Школа ккола цохIо тарбия-лъай кьеялъул рукъ гуребги, рухIияб рахъалъги лъимер куцаялъул , гIаданлъи, рокьи, рекъел гьурщулеб къебелъиги.  Дида ккола гьаб гIатIидаб, берцинаб, цIияб школалда гъираялда учительзабиги хIалтIилин,  цохIо 4-5 къиматазда  лъималги цIалилин. Нилъер росулъа дагьал рахъинчIо цIалулъги, хIалтIулъги, ишазулъги мисалиял гIадамал. Нилъ ккола Абубакар ГIаймакиясул наслаби – нилъ гьесул нухдасан инеги ккола. Дуего бокьулареб  жо цогидасеги гьабуге, ай лъикIлъи гурони гьабугеян абурал гьесул рагIабаздасан мисалги босун цIализеги хIалтIизеги тавпикъ кьеги нилъее.

МухIамад Юсуповичасеги кIудияб баркала буго гьаб школа баялъе квербакъаралъухъ ва спортивияб зал базе рагIи кьуралъухъ. Гьеб баялдаги нижер ракIчIола, щайгурелъул нижеда бихьана дуца кьураб рагIи кколеблъи. Нижецаги рагIи кьола нилъер бищун хириял гьитIичазе- цIалдохъабазе  букIине кколеб лъайги тарбияги кьелин»,- ан абуна гьелъ.

Кидадай школалда цебе бараб багIараб чIоло къотIиладаян рукIана киналго. Гьале тIаде гIунтIана гьеб лахIзат. Гьалбадерица ва школалъул директор ХIажиева ХIалиматица  чIоло къотIана. Хадуб  МухIамад ГIумаровас школалъе Зубаиров Шамилил цIар кьеялъул хIукму цIалана. Шамилил хъизан-лъималаз  суратги подполковникасул  цIаралда  школа букIиналъулги хъвараб мемориалияб хъарщи рагьана.  Гьенисанго  ХIалимат ХIажиевалъ, росдал бетIер МухIамад Башировс, цеве росдал бетIерлъун вукIарав Расул МухIамадовас  гьалбал рачана жанисан школа бихьизе ва кIиябго тIалаялда классазул хал-шал гьабуна.  «ГьабсагIаталда  цIалуе хIажатаб кинабго буго, амма химиялъул, физикаялъул кабинетазда алат-къайи гьечIо», - ян абуна директоралъ. Хал гьабуна компьютеразул классалъулги. Ругоан гIурал компьютерал ва  гIатIидаб кабинет. Щибго букIинчIеб бакIалда щвараб жо кIодого бихьун букIуна – гьединабго хIал бугоан школалъул хIалтIухъабазулги. Заманалда рекъон церехун инее ккани. Гьелда цадахъго церетIейги хIажалъула. Гьелъие гьанжесеб алат-къайиги  шартIалги рукIинеги ккола. Амма гIадан гIаданлъун лъугьине ккани лъикIаб тарбия щвезе ккола,  гьеб школа лъугIун къватIире ине  ругезеги гьарула тIоцебесеб иргаялда гIадамаллъун лъугьагиян. Хадур кандидаталлъунги  академикаллъунги   рахъун, росдае хIажатабщинаб нужецаго  чIезабизе бажарулеллъун  лъугьагиян.

P.S. Хадусел къояз лъана «Хьаргаби район» муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъулев МухIамадов МухIамад ДРялъул  физическияб культураялъул  ва спорталъул  министрлъун тIамун вукIин. ГIаймаки росдал жамагIаталъ баркулеб буго МахIачида гьеб цIияб «тах» ва баракат бугеб батагиян гьарулеб буго.
 

, раздел: Статьи

Автор: ПатIимат МухIамаева / Источник: "ХIакъикъат"
0

Поделиться

01 Янв 1970 г.

Комментарии к статье

Комментариев пока нет, будьте первыми..

Войти с помощью: 
Чтобы ответить, вам необходимо

Похожие статьи

  • ХIалтIи гьабурабгIан батула

    ГIаймаки буго цебе заманалдаса нахъего аскIор ругел росабалъе ине нухги бугеб, тIаде вачIарав чиясе гьумер битIараб жамагIат жаниб гIураб бакI....

    Апр 2013 г.

  • Родник науки (Абубакар из Аймаки (1711-1791 гг.)

    Ученый, получивший самую высокую оценку всех алимов своего времени, поэт, мыслитель и государственный деятель Абубакар родился в 1711 году в...

    Мар 2012 г.

  • Магомед Маликов: «Видел его глаза: это был нокаут»

    Великолепная победа дагестанского бойца Магомеда Маликова из клуба «Горец» над Александром Емельяненко на турнире M-1 Challenge XXVIII в Астрахани...

    Ноя 2011 г.

  • Смоленскиялдаса ГIаймакиве

    КIудияб ВатIанияб рагъул соназда гьитIинабго ГIаймакиб росулъа рагъде ана 152 чи. Гьезда гьоркьоса 82-яв тIадвуссинчIо. 70-гIан соналъ цере рагъде...

    Янв 1970 г.

Авторизация
*
*
Войти с помощью: 
Регистрация
*
*
*
Пароль не введен
*
Войти с помощью: 
Генерация пароля