Гимн Ашали

0

Поделиться

01 Янв 1970 г.

Берцинал болъохарал,
Хурзаца жаниб цlураб.
Ракl бахилал ахаца,
Сверун жаниб бачараб,

Припев.
Рагъул сназ хlинкъичlеб,
Ракъи-къеч лъазе течlеб.
Ихтилат-кеп бокьулеб,
Аваданаб Ашали.

Чвахун унел иццазги,
Гlедегlарал лъаразги.
Сверухъ ругел мугlрузги.
Тlабигlат лъикl гlуцlараб.

Припев.
Гьбол-гьудул хирияб,
Халкъалъ занкlан жиб цlураб.
Берциналгун гьайбатал,
Ясал жанир гlемерал.

Припев.
Хlалтlул церехъабаца,
Район рази гьабураб.
Бахlарчи Исаевас,
Ватlан чlухlизабураб.

Припев.
Адаб- хlурмат цlикlкlарал,
Гlолилаз жаниб цlураб.
Гlакълу къимат камилал,
Хераз чlухlизабураб.

Припев.
Мун нижеца гlуцlила,
Гlумру берцин гьабила,
Гlалам бахил гьабизе,
Аваданаб Ашал.

Припев.
Рагъул сназ хlинкъичlеб,
Ракъи-къеч лъазе течlеб.
Ихтилат-кеп бокьулеб,
Аваданаб Ашали.

, раздел: Статьи

Автор: Саидов Халид Саидович
0

Поделиться

01 Янв 1970 г.

Комментарии к статье

Комментариев пока нет, будьте первыми..

Чтобы ответить, вам необходимо

Похожие статьи

Авторизация
*
*
Войти с помощью: 
Регистрация
*
*
*
Пароль не введен
*
Войти с помощью: 
Генерация пароля