Стихи Расула Гамзатова на аварском языке

1

Поделиться

28 Дек 2018 г.

Стихи Расула Гамзатова на русском языке

Расул Гамзатов — Авар мацI

Ноль макьилъ вихьана, кьалда лъукъ-лъукъун,
Кьурда квер чIван унев, бида вецIцIун дун;
Кьуруги батIалъун цеве унаго
Цо лъарал рагIалда гIодов кколев дун.Лъар чваххулеб буго чабхил кIкIалахъан

Лъин кIанцIулеб буго ганчIазда тIасан;
ТIарамагъадисеб къвал балеб буго,
Къо лъикIилан дица согIаб ракьалда.
Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали,

РагIуларо цо сас сверухълъиялда.
ГIицIго борхалъуда цIумал ахIдола,
ГIицIго ахалъуда чундул угьдула.
Гьедин холев вуго, хадур гIодизе

Я гIагарлъи гуро, я гьудул гуро.
Берал къанщулелъул тIаде къулизе
Я йокьулей гьечIо, я чIужу гьечIо.

Гьале, гьеб мехалда, борхалъудасан
Нухлулазул гьаракь рагIана дида.
Гьез бицунеб буго ах, хур, хералъул,
Исана букIинеб магIишаталъул.

Кьерхен-роцIцIеналъул, боцIи-панзалъул,
Пуланав ХIасанил сихIирлъиялъул…
Гьел кIалъалел руго нилъер гIадатаб,
ГIагараб, бацIцIадаб магIарул мацIалъ.

Дир магIу бачIана бадиса къватIиб,
Къана данде цаби, вахъана тIаде.
Аваразул калам, гьелъул камиллъи!
Кинабго черхалда лъикIлъана ругънал.

Лъаларо, МухIамад, цогиязул иш,
Амма дица дирго рахъалъ абила:
Метер магIарул мацI хвезе батани,
Хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун.

Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан,
Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?
Щай, дир магIаруллъи, магIарул чагIаз
Чияр мацI бицунеб жидерго гъасда?

Щай дие гьал мугIрул, гIурул рагIалда
ГIагараб магIарул кечI рагIичIони?
Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз
Кьурул рагIалда чIун, гьеб ахIулеб куц!

Дун кIудияб пикру гьитIин гьабизе
ГьитIинаб рукIнисан кIалъалев гуро,
Ва пачалихъазул Ассамблеялда
Авар мацIалъе бакI гьарулев гуро.

Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал
Мактабазда гьеб мацI малъизе ккела.
Гьеб рекъараб буго нилъер халкъалда
Черхалда борчараб рачел киниги.

Гьеб мацIалъ панаяб кечI ахIулаго,
Киниги гьулакги кIикIана нилъер.
Гьаб мацIалъ рукъоса унеб мехалда
Нух битIагийилан абуна улбуз.

Гьанже нухалги тун рукъоре щвейгун,
Щиб, цоги мацIалъиш нилъ гаргадилел?
Дун магIарулазе, гьедин батани,
Бищун ахирияв поэтиш кколев?

МахIмудил пасихIлъи, гьасул хIасралъи,
Бидулъ къаламги ччун гьарурал кучIдул,
Гьел, нилъер магIарул мацIалъ кинигин,
Киданиги дида ричIчIизе гьечIо.

Бокьула, МухIамад, дие гьаб дунял,
Дунялалда бищун гьаб нилъер улка!
Дица кIвараб куцалъ кинабго рахъалъ
КучIдулъ гьеб ахIана, жеги ахIила.

Ва амма батIаго цоги рокьиялъ
Бокьула гIураб ракь, магIарул тIалъи.
Лъаларо кивехун дун хвелевали,
Амма хоб бокьила гьаниб букIине.

Щиб лъалеб, хабада цересан унел
Цо-цо нухлулаца дир хIисаб гьабун,
Гьав нилъер Хмамзатил Расул вугилан,
ХIасратаб магIарул мацIалъ абилеб.

 

Дагъистан

Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан,

Гьелъул борхалъиялде ваха гьедин абулев.
Аххал тIогьода руго, тIогьал гIаздада руго,
ГIатIидаб Каспиялда гуми лъедолел руго.

ТIадегIанаб,
ТIадегIанаб, гIагараб,
МагIарулазул улка,
Аваданаб Дагъистан.

Йохъ, цо миллион гуро дагъистаниял ругел
Дунялалда гIагарлъи гIунги тIокI буго нилъер
МугIрул тIокIкIарал иццахъ океан зигардула
Аваразул васазухъ ясал чанги угьдула.

Гуро, гIамал кIудияб гIадамазул ватIан гьаб,
Амма бетIер даличIо Дагъистаналъ лъиего
Гьелъул ччорбалъ беролеб буго цIакъ машгьураб би
Гьелъул каранлъ кьабгIелеб буго цIакъ кьварараб ракI.

 

Дун цIидасан гьанже

Дун цIидасан гьанже поэт лъугьана. —
ГьитIинав вукIана, нужеда лъала.
КIудияб чIаголъи гьечIонаниги,
Гьунар дилъ букIана рекIкI-макру гьечIеб.

Хадув дун вачана гучаб чваххиялъ,
Цин ваккун, цин тIерхьун, рохьоб чан гIадин.
Цояца квер кьуна карачалабалъ,
Цояз гъорлъе цIана гъанкъилин абун.

Гьанже дун гIун вуго, гIорулъа къватIив
ГIодой къуличйого вачIунев вуго.
Доба-гьаниб тункун ругънал щваниги,
Дун тарулев гьечIо, дун чIаго вуго.

Хун гьечIо дилъ жеги некIсияб рокьи,
НекIоялде тIаде жегиги буго.
Гьеб рокьуда рекъон гьаракь гьабуни,
ГьакIкIан кIалгун дунял хутIизе буго.

Гьеб гьаракь дир гьечIо. Дун — лъукъараб чан,
Чанги тIухьи буго дир кереналда.
Амма данд къан руго дир цабзаз кIутIби,
Дихъе квер бегьуге, дунго вилълъина.

Дун — цIидасан гьанже ццидалав гIащикъ:
ГIуцIун буго дица дир рокьул улка.
Полпилаб чваххидалъ дун гъорлъе цIалел
Дица, гъванщаги ккун, тункила цоцалъ.

 

Къункъраби

Дида ккола, рагъда, камурал васал
Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин.
Доба борхалъуда хъахIил зобазда
ХъахIал къункърабазде сверун ратилин.

Гьел иххаз хаселаз халатал саназ
Нилъее салам кьун роржунел руго.
Гьелъин нилъ пашманго, бутIрулги рорхун,
Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда.

Боржун унеб буго къункърабазул тIел,
Къукъа буго чIварал гьудулзабазул.
Гьезул тIелалда гъоркь цо бакI бихьула —
Дун вачIине гьаниб къачараб гурищ?

Къо щвела борхатаб хъахIилаб зодихъ
ХъахIаб къункъра лъугьун дунги паркъела.
Гьелъул гьаркьидалъул ракьалда тарал
Киналго нуж, вацал, дица ахIила.

 

ПатIимат

Мун ячIана гьитIинай
Гьобол дуниялалде,
Данде къана эбелалъ:
ПатIимат, ПатIиматин.Гьулаказул гьулчиги,
Чвахулеб лъарал кечIги,
КинабгIаIги рагъи-тIох:
ПатIимат, ПатIиматин.Гьоркьоб замана ана,
Дуца гъалал кьурана,
Дур гордухъ дун гьардана:
ПатIимат, ПатIиматин.Дица дунял сверана,
РекIел дандерижиял
Дида цадахъ ахIдана:
ПатIимат, ПатIиматин.
ГIолел руго, ПатIимат,
Нилъер гьитIинал тIанчIи,
Гьезие гвангъулеб бакъ:
ПатIимат, ПатIиматин.

ТIелхаз рахчулел берал,
Бераз рорхулел тIелхал,
ТIолго дуниял даим:
ПатIимат, ПатIиматин.

Расул Гамзатов — ВатIаналде

1
Цебе бичIчIулароан,
Гьанже бичIчIулеб буго:
ХIанчIазул кочIол магIна,
Перевод гьечIониги;

Хаслихъе гъол югалде
Щай къваридго роржунел,
Къункъраби ахIдолел куц,—
Керен бухIулеб буго.

Цебе бичIчIулароан,
Гьанже бичIчIулеб буго:
ГъотIодаса тIуралго
ТIамхал щайзе ракъвалел;

Кьурдаса тIураб мехалъ,
ТIалу щайзе угьдулеб;

ТIалабалъ нух къосингун,
РитIучI щай къварилъулеб.

Цебе бичIчIулароан,
Гьанже бичIчIулеб буго:
Сонал анагIан гIадан
ГIодове щай далулев;

Дудаса рикIкIалъигун,
КъватIиве ккараб мехалъ,
КъIваридаб щай букIунеб
ШигIру, пикру, балагьи…
Огь, ВатIан!

2

Дун дур цIурмазда гъорлъ цо цIумур вуго,
Дур цIар зваргъолеб куц каранда жаниб.
ГьечIо дие гьаракь гьадин бокьулеб, —
Гьеб гьаракь къотIани, дун къаникь вуго.

Дун дур цIумазда гьорлъ цо цIумлъун вуго,
Дур цIар буго дие кIиябго кваркьи.
Воржуна гьороде керенги рагьун,—
Гьел куркьбал къотIани, дун къаникь вуго.

Дун дур ярагъалъулъ къваригIинегIан,
Дуца къеда бараб цо ханжар вуго.
Къо ккараб мехалда, лъазабе дида,
Лъалиниса вахъун паркъезе вуго.

Хонжрол тIагъиялда тIад хъвараб дур цIар
ЦIунизе вахъина дун гIорхъабазде.
ГIагараб яргъида кьаву чIванани, —
Дун чIагоялъ гьечIо, дун къаникь вуго.

Дица дур каранда бан буго сабаб,
Сарин буго гьениб дуде гьабураб.
ГьечIо гьаб гIадинаб гIагараб сарин, —
Нагагь гьеб къотIани, дун къаникь вуго.

Дур сухъмахъалъан ун, дунялги сверун,
Духъе вуссуна дун, дур васалълъ цояв.
Цо нухалъ кьураби, кьунсрулги рукIкIун,
Дихъ балагьанани, — дун къаникь вуго.

3

Щибжо кIутIбуз шурулеб,
Щибжо бераз абулеб,
Бадиб цIадул гаразулъ
Щибжо кенчIолеб бугеб,
Бадиб магIил гаразулъ
Щибжо угьдилеб бугеб?
Пашмакъазул къуцIи щиб,

Гьаказул къир-къири щиб, —
Лъалезда бичIчIулареб,
Лъаларезда бицун щай?
Щай чундулгин хIайванал
ХIинкъун ахIдарал сардилъ?
Сон кисан гьезда лъараб
Жакъа ракь багъарулеб?

Дунял гъугъалеб мехалъ,
Пири пирхулеб мехалъ,
ГIенеккарал гьурмазда
Пашманго щиб хъван бугеб?

ХъахIал накIкIал рихьула
РикIкIалъулел къваридго,
КъолъикIилан сардида
Сапаралъ ана гуми.

Дунги вуго рикIкIада,
Огь, бухIараб гьаб хIасрат,—
БихьичIезда лъаларей,
Лъалезда бичIчIулареб!

4

Жеги мацI лъалареб лъимаца гIадин,
Дица цо батIаго, бутIа-бутIа ккун,
Щурула, абула, угьула дур цIар, —
Цин Дагъан, цингиги Дагъистанилан.

Гьединан букIуна дагьа-дагьаб ккун,
Квер къотIунгутIизе бахъулеб ханжар.
Ялъуни хIасратаб кочIое бакъан
Рекъон ккезегIан цин кIутIулеб жергьен.

КIудиял, гьитIинал улкаби руIкIа,
Амма гьанжелъагIан дида гьамаро;
Гьиндустанги мунги кинаб кIудияб,
Парижги Гъунибги кинаб гьайбатаб.

Дица борцунаро берцинлъи верстаз,
Дица цIадирабаз цIаларо хIасрат.
КIудияб ракь гьечIо рокьи гурони,
КIудияб бакI гьечIо ракI гуронани.

Дир тIалъи, тIубан мун бихьичIониги,
Цо гьитIинаб бутIа, гьебцин гIола дий.
Биччанте рогьалилъ макьилъ бихьизе
Я гIагараб росу, я росдал сухъмахъ.

Биччанте бихьизе магIарул иццухъ
Партал чурулей яс, чу гьекъолев вас.
Жегиги къачIачIеб къиматаб алмаз,—
КъотIила дуца цIер чанги гордазе.

5

Дидаго лъачIого лъикIлъун ватула,
Дунго кIочон пикру дур гьабурабго.
Дидаго лъачIого дагьлъун ватула,
Мун кIочараб пикру гьоболлъIухъ ккани.

Дица духъ тун буго бухIизе хIули,
Дур хIинчI, гIалам бахун, бачIина духъе.
Тана духъ чIурхIизе чилайдул расал,
Дур чан, хIажалъигун, кIанцIила духъе.

ЛъабцIуса кIваричIо, цохIо цIал гIела,
Дир чу дур кавабахъ квачIида чIела.
Дун дур мутIигIаб гьве, пиштIе, бортила,
Мун кIалъазегIан дун кIалтIа букIина.

 

Дур цIар

Дида дур цIар рагIула,
Гозо бегIераб хIинчIалъ
Горда кIутIараб гадин,
ГIумру, гIумру, гIумруян.РагIула гIаламалъул
КиналгIаги гIолилалГIищкъу, гIищкъу, гIищкъуян
Щурщулел ругел гIадин.Дида дур цIар рагIула,—
Бокьухъе къалъе бакъан,
Къочардулел кIутIбузул
Цо тIагIамаб сас гIадин.
Цингиги гьеб рагIула,
Хаслихълъидул накIкIал щун,
Хехго хур бакIаризе
Дунго ахIарав гIадин;

ХIалхьи босулеб рокъов
Паракъат вугеб мехалъ.
Полк чIараб гIорхъодасан
БачIараб тел кинигин;

НакIкIал хъвалхьун эхеде
Борхун иналде цебе,
Аххада самолеталъ
Гьабулеб хъуй кинигин;

ХъахIилал карачелалъ
Океаназулъ регун,
Улкабазул гаванахъ
Гумузул гьаракь гIадин;

Гьорол къояз рохьазда
ГъутIбузул зигар гIадин,
Нухда унел васазе
Улбузул гьари гIадин.

Цо гъотIода тIил кьабе —
ТIолго рохьаз ахIула.
Цо кьурда гьецIо речIчIе—
ТIолго ганчIаз ахIула.

Цо ччугIигIин гIинда чIвай —
ТIолго гIораз ахIула.
ЦохIо нухалда кIутIе —
ТIолго цIурмаз ахIула.

КиналгIаги тункулел
Бокалаца ахIула.
Щибаб лахIзат, секундаз,
ТIолго сагIтаз ахIула.

Сардилъ дица щурулеб
Дур цIар — дир цIваги цIаги.
Дур цIар… лъалхъе, рагIулищ
Гьеб абун, ракI кIетIелеб?!

* * *
Рорхатал цIвабзазде сухъмахъал гьарун,
Гьенире ракетал роржаян абе.
Бищун тIадегIанал гIагарал цIваби
ГIадамазухъе щвей буго дир мурад.

 

Расул Гамзатов читает собственное стихотворение на аварском языке «Синьора»

1

Поделиться

28 Дек 2018 г.

Комментарии к статье

Войти с помощью: 
Чтобы ответить, вам необходимо
Авторизация
*
*
Войти с помощью: 
Регистрация
*
*
*
Пароль не введен
*
Войти с помощью: